11
Дица нуж кантІизелъун, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго. Амма дида хадув вачІунев вуго гІемерго дидаса къудрат цІикІкІарав чи. Гьес тІаса рахъарал хьитал кодоре росизецин мустахІикъав гьечІо дун. Лъадаца гуреб, Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун чурун рацІцІад гьарила гьес нуж.