Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма Назареталда чІечІо гьев. Забулонил ва Нафталимил ракьалда, Галилеялъул ралъдал рагІалда бугеб Капернаум шагьаралде ун, гьенив чІана. – Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! Ниж гъуризейищ мун вачІун вугев! Дида лъала мун щивали. Илагьияв чи вуго мун! Аллагьас витІун вуго мун! Анлъабилеб моцІалъ Аллагьас ЖабрагІил малаик витІана Галилея улкаялъул Назарет шагьаралде Давудил наслуялъул Юсупилан цІар бугев чиясе абурай цо ясгІаданалъухъе. Гьелда цІар букІана Марям. Галилеялъул Назарет шагьаралдаса вахъун Юсупги ана Ягьудиялда бугеб Бетлегьем абулеб Давудил шагьаралде хъвай-хъвагІаялъе, гьев вукІиндал Давудил наслу-зурияталъул чи. БетІергьанасдасан бугеб къануналда рекъон кинабго ишги тІубазабун, гьел Галилеялде, жидерго Назарет шагьаралде, тІадруссана. Назареталда сахав чи вахъуневищилан абуна Натанаэлица. Мунго а дов вихьизеян абуна гьесда Филиппица.
Выбор основного перевода