Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьерод Ягьудиялъул ханлъун вугеб заманаялда вукІана Абиял тухумалъул чилъун кколев Закария абулев цо кашиш. Гьесул чІужуги йикІана Гьарун аварагасул наслуялъул гІадан. Гьелда цІарги букІана Элисабет. Гьеб букІана кинабго халкъалъул хъвай-хъвагІай гьабейилан Август къайсарил амру бачІараб заман. Сириялда сардарлъун Квириний таралдаса хадуб халкъалъул тІоцебесеб хъвай-хъвагІай букІана гьеб. Жиде-жидер шагьаралде хъвай-хъвагІаялъе унел рукІана гІадамал. Галилеялъул Назарет шагьаралдаса вахъун Юсупги ана Ягьудиялда бугеб Бетлегьем абулеб Давудил шагьаралде хъвай-хъвагІаялъе, гьев вукІиндал Давудил наслу-зурияталъул чи. Цадахъ ячун йикІана гьесие магьари лъурай, лъимер гьабизе мех щварай Марямги. Гьале гьадаб шагьаралде щвараб мехалъ, лъимер гьабизе хІара чІвана гьелда. Марямица гьавуна жиндирго тІоцевесев вас. Петералда гьезие рещтІине бакІ щун букІинчІелъул, кьуща-рущан цо руссниб лъуна гьелъ лъимер. Тиберий къайсарлъун ккун анцІила щуабилеб сон букІана; Ягьудиялда сардарлъун вукІана Понтий Пилат; Галилеялда ханлъун вукІана Гьерод; гьесул вац Филипп вукІана Итуреялда ва Трахонит вилаяталда ханлъун, Лисаний вукІана Абиленаялда ханлъун;
Выбор основного перевода