Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Пилатица ГІисада гьикъана: – Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: – Дуца абулеб бугоха гьедин. Натанаэлица абуна: – Я, Рабби! Мун вуго Аллагьасул Васги, Исраилил халкъалъул ПарччахІги! Гьелъ нилъер дагьабги цІикІкІун ракІчІезабулеб буго аварагзабазул рагІаби ритІухълъун рукІиналда. Нужеца гьел рагІаби гІадахъ росани, нуж ритІарал рукІина. Жеги бакъул кунчІи чІвалелде ва нужер рекІелъ Рогьалил ЦІва баккилелде, бецІлъуда рекІараб чирахълъун рукІина нужее гьел рагІаби. Дица – ГІисаца – дирго чапар витІана нужехъе, – гьалъул хІакъалъулъ жамагІатазда лъазабейилан. Дун вуго Давудил кьибилги ва гьесул кьолбол васги. Дун вуго гвангъараб рогьалил цІва».
Выбор основного перевода