Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьединаб пикруялда гьев вукІаго, макьилъ тІаде вачІун Бичасул малаикас абуна: – Я, Давудил наслуялъул вас Юсуп! Марям лъадилъун ячине мун хІинкъуге. Гьелъул ургьибе ккараб лъимер Аллагьасул Илагьияб РухІалдалъун букІин лъай дуда. Гьерод хвараб мехалъ, Мисриялда вукІарав Юсупихъе Бичасул малаик вачІана макьилъ. РачІ хьвагІун, гьелъ цІвабзазул лъабил бутІа зодиса ракьалде гъинабуна. Гьабурабго лъимер къулчІизе къачІан, лъимер гьабулей йигей гьей гІадамалда цебе чІана доб аздагьо. Ва гьелъие гьавуна маххул тІилица киналго халкъал жинца рехъаде рачине ругев вас. Гьелъул гьеб лъимер Аллагьасухъе босун ана, гьесул тахида цебе лъезе. Гьей гІаданги гІицІаб авлахъалде лъутун ана. Гьениб гьелъие къачІан букІараб бакІалда Аллагьас гьелъул тІалаб гьабила азаралда кІинусиялда лъабкъого къоялъ.
Выбор основного перевода