Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІисаца гьесда абула: – Царал жиндирго рукІун буго, хІанчІил бусен буго, амма ГІадамил Лъимадул бетІер бегьизе бакІ гьечІо. ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса зобалазда вугев дир Инсуда цебе дицаги инкар гьабила. Ва гьебмехалда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев. ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса, Аллагьасул малаикзабазда цебе, дицаги инкар гьабила. Васасдаса инкар гьабулевщинав чияс Инсудасаги инкар гьабула. Вас къабул гьавуравщинав чияс Эменги къабул гьавула. Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб. Нилъеца хІехьолеб бугони, Гьесда цадахъ парччахІлъиги гьабизе буго, Нилъеца Гьесдаса инкар гьабуни, Гьесги нилъедаса инкар гьабила,
Выбор основного перевода