ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: – Квешлъиги хъахІбалъиги гІемерлъараб умматалъин гІаламат тІалаб гьабулеб. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьаб умматалъе букІине гьечІо.
Цинги, зобалазде бералги тІамун, угьун хІухьелги биччан, гьес абуна: – ЭтпатахІ! (Гьелъул буго «Рагье!» абураб магІна.)
ГІемераб халкъ жиндаго аскІобе бачІараб мехалъ, ГІисаца абуна: – ЦІакъго квешлъун буго гьаб уммат! Гьазие бокьун буго гІаламат бихьизабизе. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьезие букІине гьечІо.