Гьебмехалъ цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел ва накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж!
ТІадвуссун щваравго, Симонги валагьун, Андрейица бицана нижеда МасихІ ватанилан. (Грек мацІалда Христосилан абула гьесда.)
Симон Пётрица абуна: – Я, БетІерчІахъад, лъихъе ниж инел? Дуцалъидал рицунел ругел абадияб гІумру насиблъулел рагІаби.
Ниж божана ва нижеда бичІчІана мун Аллагьасул мукъадасав илчи вукІин.
Гьелъ жаваб кьуна: – Я, БетІерчІахъад, дун божана дуниялалде вачІине вугев Аллагьасул Вас МасихІ мун вукІиналда.