Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
– Балагьги гІазабги дуе, Хоразин шагьар! Балагьги гІазабги дуе, Байтсаида шагьар! Тиралъулгун Сидоналъул гІадамазда рихьун рукІаралани нужеда рихьарал гІадинал мугІжизатал, тІутІу-хъухъураб парталги ретІун, ботІроде рахъуги бан, церего руссинаан гьел Аллагьасде. Цинги ГІисаца жиндирго муридал ритІана, гьеб халкъ жинца нахъе биччалалде, росодеги рахун, ралъдал добцояб рахъалда бугеб Бетсаидаялде цере-цере айилан. Гьедин, киве гьев щваниги – шагьараздаги, росабалъги, кулабаздаги, – росун рачІун базар къотІнор лъолаан унтарал чагІи. Гьесул гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги биччайилан гьарулаан гьез. Гьесда квер хъванщинав чиги сахлъулаан. ТІадруссун рачІун чапарзабаз ГІисада бицана жидецаго гьабура-таралъул хІакъалъулъ. Цинги, цохІо гьелги рачун, гьев ана Байтсаида абулеб шагьаралде.
Выбор основного перевода