Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІадамаздаса цІуне. Гьез нуж тІадегІанаб судалде ахІила, жидерго синагогабазда жанир цІалаца рухила. Дун сабаблъун нуж наибзабазухъе ва парччахІзабазухъе рачина, гьезда цебеги цогидал халкъазда цебеги дир муридал рукІиналъе нугІлъи гьабизе. Гьеб заманаялда Гьерод ханас иман лъуразул агьлуялъул цо-цо гІадамал жанир тІамуна, гьел тІагІинаризе бокьун. Хвалчаца бетІер къотІун чІвана гьес Иоаннил вац Якъуб. Ягьудиязе гьеб рекІее гІураблъи бихьун, Пётрги тІамуна гьес туснахъалъув. (Гьел рукІана РеччичІел Панкъазул Байрамалъул къоял.) Ккун вачун туснахъалъув тІамизавуна Гьеродица Пётр ва гьев цІунизе анцІила анлъго рагъухъанги тана хъаравуллъуда. Гьесда ракІалда букІана Пасхаялъул байрамалдаса хадуб халкъалда цеве вачун Пётрие суд гьабизе. Гьез гьениб чанго къо бан хадуб, Фестица ханасе Павелил бицен гьабуна: – Феликсица туснахъалъув тун цо чи вуго гьанив. Дун Иерусалималде щвараб мехалъ, ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазги чІахІиял кашишзабазги бицана дида гьасул хІакъалъулъ, гьез гьарана гьасие тамихІалъе хІукму къотІейилан.
Выбор основного перевода