Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила. ГІаламалда нуж рихани, нужеда ракІалде щва нужедасаги цеве дун гьезда рихун вукІаравлъи. Гьаб гІаламалда релълъарал нуж рукІаралани, нилъерго чагІийин абун рокьилаан нужги гьезие. Гьезие нуж рокьуларо, гьезда релълъаралги гьечІелъул ва дица нуж гьезда гъорлъа тІаса рищунги ругелъул. Жиндирго бетІергьанасдаса лагъ тІадегІанав вукІунарилан дица абун букІараб ракІалда бугищ нужеда? Дие гІазаб-гІакъуба кьураб гІадин, нужееги кьела. Дихъ гІенеккарал гІадин, нужехъги гІенеккила. Гьеб кинабго гІазаб-гІакъуба дир цІар сабаблъун гьабила нужее, гьезда лъалев гьечІелъул дун витІарав Аллагь. Дуца хІехьезе ккезе бугелдаса хІинкъуге мун. Гьале илбисалъ, нужер хІалбихьизе, цо-цо чи туснахъалде рехила. АнцІго къоялъ букІина нужее гьеб къварилъи. Холев вугониги, божи-иман рехун течІони, дуе шапакъатлъун абадияб гІумру кьела дица. Дида рихьана тахбакІал, гьезда тІад гІодор чІун рукІана суд гьабизе тарал гІадамал. ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІизабунилан ва Аллагьасул рагІи тІубазабунилан бутІрул къотІаразул рухІалги рихьана. Рихьана жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабичІел, жидер надалда яги кверда гІуж лъечІел гІадамалги. Гьел чІаголъун рукІана, ва гьез ГІисада цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабулеб букІана.
Выбор основного перевода