Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Жиндирго Инсул къудраталдалъун, ГІадамил Лъимер дуниялалде вачІине вуго жиндирго малаикзабигун цадахъ. Щивасул амру-ишалда рекъон кьела Гьес гьебмехалъ. Гьаб мунагьаб ва пасатаб умматалда цеве дунги дир рагІабиги сан гьаричІев чи ГІадамил Лъимацаги сан гьавизе гьечІо, жиндирго Инсул нуралъ гвангъун, мукъадасал малаикзабигун цадахъ гьев вачІунеб мехалъ. – У, – ян абуна ГІисаца. – Нужеда вихьила ГІадамил Лъимер, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІунги ва зобалазул накІкІул парчабазда тІад вачІуневги. Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. Гьеб хІехьезе ккарал нужее, нижеего гІадин, Аллагьас рахІатги хІалхьиги кьела. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав ГІисаца зобалазда живго Бичасул малаикзабигун цадахъ загьирлъизавураб мехалъ ва Аллагь лъаларевщинасе ва нилъер ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабаралъухъ гІенеккичІевщинасе гьалагаб цІадудалъун тамихІ гьабизе гьев вачІараб мехалъ. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав вачІараб къоялъ, жиндир рахъ ккураз гьев машгьурлъизеги гьавураб ва киналго иман лъураз гьесие реццги гьабураб мехалъ. Нижеца бицаралда божидал, нужни гьезда гьоркьор рукІина. Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин.
Выбор основного перевода