Гьединлъидал, рорчІуда чІа нуж: я къо, я сагІат лъаларелъул нужеда.
Илагьияб РухІалъ цІезарун, киналго дугІаби гІемер гьаре ва кидагоги Аллагьасде гьардолел рукІа. ТІолабго иман лъуразул агьлуги рехсон, тІадчІун ва ракІ-ракІалъго дугІабиги гьарун, рорчІуда чІа.
РорчІуда чІа ва кидаго Аллагьасе рецц гьабун гьари-дугІаялда рукІа.
Гьединлъидал, цогидал гІадамал гІадин, кьижиларо, рорчІуда рукІина, ригьун рукІина нилъ.