ГІисал хІикматал ишал рихьидал ва гІисинал лъималазги Мукъадасаб Рокъоб: «Гьошанна! Давудил васасе рецц!» – абун ахІулеб рагІидал, чІахІиял кашишзабазги диниял гІалимзабазги ццидахун абуна гьесда:
Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Цересел аварагзабазул хобазда тІад мазарал гьарулел руго нужеца, вализабазул хобазда занал чІвалел руго.