Мукъадасаб Рокъове лъугьиндал, ГІисада гьенир ратана къурбаналъе хъвезе гІи-боцІиги маккалги ричулел гІадамал, жидерго столазда нахъа гІодор чІун ругоан гІарац хисулел чагІиги.
ЦІалаца гІадин квар-гІарщалъ рухулаго гьел гІадамалги гІи-боцІиги къватІире гъуна ГІисаца, гІарац хисулел чагІазул столалги кІалагъоркье чІвазарун, гІарац гІодобе щущазабуна.
Маккал ричулел чагІазда гьес абуна: – Нахъе босе гьаб кинабго. Дир Инсул рукъ базаралде сверизабуге, – ян.