Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьел ЯхІял чапарзаби нахъе араб мехалъ, ГІисаца гІадамазда бицана ЯхІял хІакъалъулъ: – Щиб бихьизе нуж добмехалъ гІицІаб авлахъалде ун рукІарал? Гьороца хьвагІезабулеб муцІи бихьизейищ? Щив вихьизе ун рукІарал? Беричаб ратІлилъ вугев чи вихьизейищ? ЧІухІараб ретІел ретІарал ва бечедаб яшавалда ругел гІадамал парччахІзабазул кІалгІабазухъ руго. Щив вихьизеха ун рукІарал? Авараг вихьизейищ? Аварагасдасагицин кІудияв чи вихьизе ун рукІанилан абулеб буго дица нужеда! Гьесул хІакъалъулъин ТІухьдузда хъван бугеб: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев». Дица нужеда абулеб буго: эбелалъ чехь къинлъун гьаруразда гьоркьов ЯхІя аварагасдаса кІудияв чи гьечІо. Амма Аллагьасул ПарччахІлъиялда ругезул бищун гьитІинавгицин гьесдаса кІудияв вуго. ( ЯхІял вагІза рагІарал киналго гІадамаз, хІатта магъало бакІарулел чагІазги, лъадалъ ччун рахъизарун, Аллагьасул Нух ритІухъ гьабуна. Амма фарисеязги диниял гІалимзабазги лъадалъ ччун рахъизе инкар ккуна ва жидее бугеб Аллагьасул амру къабул гьабичІо.) Сунда данде кквелел дица гьаб заманаялъул гІадамал, лъида релълъун гьел ругел? «Нижеца зурма пуна – Нуж кьурдизе рахъинчІо! МагІил бакънал рачана – Нуж гІодизе лъугьинчІо!» – ян къотІноре рахъун цоцазде ахІдолел лъималазда релълъуна гьел. ВитІун вачІана я чед кунарев, я чагъир гьекъоларев ЯхІя авараг. Нужеца абуна гьев шайтІабаз ккурав чи вугилан. ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Нужеца абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», – абун. Амма Аллагьасул ГІакъиллъиялда рекъон хьвадулел гІадамаз бихьизабула Аллагьасул ГІакъиллъиялъул ритІухълъи. Дида гьебмехалдаги лъачІо гьев. Амма лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе дун витІарас дида абуна: «Илагьияб РухІ жиндихъе рещтІунев ва жиндихъ гьеб хутІулев чи вихьила дуда. Гьев ккола Илагьияб РухІалдалъун гІадамал чуризе вачІарав чи».
Выбор основного перевода