Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьале ГІисаца жиндирго вагІза лъугІизабуна. Халкъ гІажаиблъун хутІана, гьес вагІза гьабулеб куц бихьун. Гьел мисалал рагІидал, чІахІиял кашишзабаздаги фарисеяздаги бичІчІана ГІисаца жидер хІакъалъулъ бицунеб букІин. Гьезие бокьун букІана ГІиса ккун вачине, амма гІадамазукьа хІинкъана. Халкъалъ гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал. ГІисал вагІзаялъ хІикмалъизарун рукІана гьел. Диниял гІалимзабаз гІадин гуреб, цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес. КІиго къо хутІун букІана Пасхаялъул ва РеччичІел Панкъазул Байрамалъул анкь тІаде щвезе. ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана хІилла-рекІкІалдалъун кквезеги ккун ГІиса чІвазавизе рес кколарищали. ГІисал вагІзабаз хІикмалъизарун рукІана гьел. Цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес. Диниял гІалимзабазе ва чІахІиял кашишзабазе бокьун букІана, гьебсагІатго кквезеги ккун, ГІиса жанив тІамизе, амма халкъалъукьа хІинкъун тана. Гьеб мисал ГІисаца жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана гьезда. ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана ГІиса тІагІинавизе санагІат ккелародайилан, амма халкъалъукьаги хІинкъулел рукІана гьел.
Выбор основного перевода