Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цинги гьел щвана Капернаум шагьаралде. Шамат къо тІаде щварабго, синагогаялъувеги вачІун, гьениб гІадамазе вагІза гьабизе лъугьана ГІиса. Гьезул синагогабазде ун, гьас вагІза гьабуна, халкъалда гьоркьоб гьасул цІар машгьурлъана. ГІисаца шамат къоялъ гьей гІадан сахлъизе гьаюнилан ццин бахъарав синагогаялъул хІакимас гІадамаздехун вуссун абуна: – Анкьида жаниб анлъго къо буго нилъ хІалтІизе кколеб. Шамат къоялъ рачІинчІого, гьел цогидал къояз рачІа нужго сахлъизаризе. ГІисаца диниял гІалимзабаздаги фарисеяздаги гьикъана: – Къануналъ изну кьолебищ шамат къоялъ чи сахлъизавизе, яги кьоларебищ? Цо-цо фарисеял гаргадизе лъугьана шамат къоялъул къанун цІунуларев гьев Аллагьасдасан вачІарав чи гурилан. Цогидаз абуна мунагь-хІакъ тІад бугев чиясда гьединаб мугІжизат бихьизабизе кин кІолебилан. Гьединаб дагІба-къец ккедал, ГІисаца гьесда абуна: – Дица халкъалъе хабар бицунаан киназдаго бихьун, киназдаго рагІун. Ягьудиял ракІарараб бакІалда синагогаялъуб яги Мукъадасаб Рокъоб гьабулаан дица вагІза-насихІат. Балъго дица лъиданиги щибниги бицунароан.
Выбор основного перевода