Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нужеца абулеб буго, дол умумузул заманаялъ ниж рукІаралани, аварагзабазул би гІодобе тІеялъулъ нижеца гІахьаллъи гьабилароанилан. Балагьги гІазабги нужее! Нужер умумуз чІварал аварагзабазул хобазда тІад мазарал гьарулел руго нужеца. Суд гьабулеб рокъоса къватІире рахъарал чапарзаби рази-ракиго рукІана ГІисал цІар сабаблъун хІакъирлъи-къварилъи насиблъанилан. ХъабаналъгІанги габур кьуризабуларел нужеца сунат гьабуни щиб, ракІги гІундулги рукІухъего хутІун ругелъул? Нужер умумулго гІадин, нужги кидаго Илагьияб РухІалда дандечІун руго. Нужее пайда букІине гІоло дица гІазаб-гІакъуба баччулеб букІиналдаса вохун вуго дун. Иман лъуразул агьлу – гьеб ккола МасихІил черх. Гьеб черхалъе гІоло гІазаб-гІакъуба баччун буго дир черхалъ, гьесул черхалъ баччизе ккараб гІазаб-гІакъубаялъул хутІараб цо бутІа дидаго тІаде босун бугелъул.
Выбор основного перевода