Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьардарал гурищ нуж, – дун сабаблъун нужеда рогьо балеб мехалъги, нужее гІакъуба кьолеб мехалъги, гьечІеб рагІи нужеде абулеб мехалъги – рохизе ругел. Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазукьа хІинкъун абуна гьаз гьедин: гьез лъазабун букІиндалха, ГІисал рахъалъ МасихІ вугин гьевилан абурав чи синагогаялъуве виччазе гьечІилан. Гьаб гІаламалда релълъарал нуж рукІаралани, нилъерго чагІийин абун рокьилаан нужги гьезие. Гьезие нуж рокьуларо, гьезда релълъаралги гьечІелъул ва дица нуж гьезда гъорлъа тІаса рищунги ругелъул. Нуж синагогаялдаса къватІире гъела. Нуж чІвалев чиясда гьанже Аллагь жиндаса разилъилилан ракІалде кколебгицин заман бачІунеб буго. Жиндир черхалъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккараб мехалда МасихІил рукІарал гІадинал пикрабаз нужерго ракІал къвакІизаре, – черхалъ гІазаб-гІакъуба баччизе ккарас мунагьазде мугъ рехулелъулха,
Выбор основного перевода