Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисал ратІлидагІаги квер хъвазе щвани, жий сахлъилин ракІалде кколаан гьелда. ГІемерал унтарал гІадамал сах гьарун рукІана ГІисаца, гьединлъидал черхалда унти-гІузру бугел чагІи гІедегІулел рукІана гьесухъе, гьесда цо квергІаги хъвазе щвелародаян. ГІисал хабар рагІидал ячІун, халкъалъул гурулъ вугев гьесухъе нух бахъула ва нахъасан гьесул ратІлида квер хъвала. Цо къоялъ ГІисаца вагІза-насихІат гьабулеб мехалъ, гьесухъ гІинтІамун чІаразда гьоркьор рукІана Галилеялъул щибаб росулъа, Ягьудиялдаса, гьединго Иерусалималдаса рачІарал фарисеял ва диниял гІалимзаби. Унтарал сахлъизаризе кІолеб БетІергьанасул къудраталъ къвал бан вукІана гьев. аскІоеги ячІун, нахъасан ГІисал гІабаялдасан далун букІараб цо гІертелалда квер хъвана. ГьебсагІат къотІана гьелъул чорхолъа чвахулеб букІараб би.
Выбор основного перевода