Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
АскІоре ун, гьез ГІиса ворчІизавуна: – Я, НасихІатчи! НасихІатчи! Нилъ гъанкъизехъин руго! – ян абун. Макьидаса вигьун, гьес гьорода лъазабуна тІокІаб пугейилан, лъадаеги амру гьабуна гьалаглъугейилан. Гьел мутІигІлъана. СихІ къотІун лъугьана. ГІисаца гьикъана: – Дида квер лъица хъвараб? – ан. Киназго инкар гьабидал, Пётрица абуна: – Я, НасихІатчи, халкъалъ мун гьоркьов вазавун вугогури, данде къазавулев вугогури. Гьев кІиявго чи ГІисада аскІоса нахъе унеб мехалъ, Пётрица гьесда абуна: – Я, НасихІатчи! ЛъикІ буго гьаниб нилъее. РачІа лъабго хъощ базин: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие. (Гьедин абуна Пётрица щиб абилебали лъаларого хутІидал.) Гьебмехалъ Иоанница абуна: – Я, НасихІатчи! Нижеда ватана цо чи дур цІаралдалъун жундул рачахъулев. Нилъеда нахъвилълъунев гьечІелъул, нижеца гьукъана досие гьеб иш гьабизе. гьез ахІулеб букІана: – Я, ГІиса! НасихІатчи! ГурхІа нижеда! – ян.
Выбор основного перевода