Гьебго къоялъ рокъоса къватІиве вахъун ралъдал рагІалде ун гІодов чІун вукІана ГІиса.
Гьениб муридазда гьес тІадкъана жив тІаде вахине раса хІадур гьабеян: гІадамазул гІемерлъиялъ, гьел тІаде къан рачІине гурилан хІинкъун вукІана гьев.
Нахъеги ралъдал рагІалда гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана ГІиса. ГІемераб халкъ бакІарун букІана гьесухъе. Гьединлъидал, ралъдалъ бугеб росодеги вахун, гьенив гІодов чІун вукІана гьев. ТІолабго халкъин абуни ралъдал рагІалда эхетун букІана.