– Дида цадахъ рилълъа, – ян абуна гьезда ГІисаца. – Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун.
Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна ччугІа кквезе ралъдалъе рехараб гьиналда. Гьиналъ гІемераб батІи-батІияб ччугІа ккун букІун буго.
– Дун вуго! Нуж расги хІинкъуге! КъвакІун чІа! – ян ахІана гьебсагІат гьезде ГІисаца.