Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Росода тІад эменги вукІаралъув тун, гьебсагІатго гьелги ана ГІисада цадахъ. Гьебмехалъ Пётрица абуна: – Гьале, кинабго рехун тун, ниж дуда цадахъ рилълъана. Щибха нижее гьелъухъ букІинеб? Дие гІоло мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, лъимал-хъизанги, хур-ахги рехун таравщинав чиясе нусго нухалъ цІикІкІун щвела ва абадияб гІумру насиблъила. Гьениб букІараб халкъги жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца абуна: – Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги бачче ва дида хадув вачІа. Цинги гьес киназдаго абуна: – Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги щибаб къоялъ бачче ва дида хадув вачІа. Цоги чиясдани ГІисаца абуна: – Дида цадахъ вилълъа, – ян. Амма дос абуна: – Дир хварав эмен вукъизе ине изну кье дие. Дие хъулухъ гьабизе бокьарав чи дида цадахъ вилълъа. Дун вугеб бакІалда вукІине ккола дие хъулухъ гьабурав чиги. Дие хъулухъ гьабурав чиясул хІурмат гьабила дир Инсуцаги. Дун нужее вокьулев ватани, дир амруязда рекъон хьваде.
Выбор основного перевода