БачІун илбисалъ абуна гьесда: – Мун Аллагьасул Вас ватани, чадазде сверайилан амру гьабе гьал ганчІазе.
Гьелъ абула: – Мун Аллагьасул Вас ватани, гъоркье кІанцІе! ТІехьалда хъван бугелъул: «Аллагьас малаикзабазе дур рахъалъ амру гьабун буго» ва: «Гьез мун кодов ккун восила, ганчІидацин дур хІетІе тункичІого букІине».
Сардарасда цеве чІезавуна ГІиса. Сардарас ГІисада гьикъана: – Мунищха кколев жугьутІазул ПарччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: – Дуца абулеб бугоха гьедин.
Илбисалъ гьесда абуна: – Мун Аллагьасул Вас ватани, гьаб ганчІие амру гьабе чедлъун лъугьайилан.
Илбисалъ ГІиса Иерусалималде вачун, Мукъадасаб Рукъалъул сиялда тІад лъуна ва гьесда абуна: – Мун Аллагьасул Вас ватани, гьаниса гъоркье кІанцІе!
Пилатица ГІисада гьикъана: – Мунищха кколев жугьутІазул ПарччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: – Дуца абулеб бугоха гьедин.