Цинги гьел ГІисал бадире тударизе, гьев вухизе лъугьана.
Рахъун цо-цоял гьесде тударулел рукІана. Беразда чІортоги бухьун, кьабулеб букІана гьесда: – Ле, авараг, лъица кьабурабали бице! – янги абулаго. Цинги рагъухъабиги лъугьана гьев вухизе.
ГІисаца гьедин абидал, аскІов вукІарав Мукъадасаб Рукъалъул цо хъаравулас кІаркьен чІвана гьесул: – Гьединищ дуца кІудияв кашишасе жаваб кьолеб бугеб? – анги абун.