Я месед, я гІарац, я пахьул шагьаби цадахъ росуге;
ЦохІо гІанса гурони, цадахъ щибниги: я квен-тІех, я таргьа-къвачІа, я рачлихъ бараб чвантиниб лъун гІарац босугеянги лъазабуна ГІисаца гьезда.
Гьес гьезда абуна: – Я гІанса, я таргьа-къвачІа, я квен-тІех, я гІарац-месед, я хисизе ретІел – щибниги босуге нужеца цадахъ.
Я гІарац лъун таргьа босуге, я къайи лъун къвачІа босуге, я хисун ретІине хьитал росуге, нухда данде ккарасе саламги кьоге.