Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Машрикъалдаса ва магърибалдаса, севералъул ва къилбаялъул рахъалдаса рачІина гІадамал ва Аллагьасул ПарччахІлъиялда квана-гьекъезе гІодор чІела. Гьеб рагІидал, гьенир квана-гьекъолел рукІаразул цояс ГІисада абуна: – Гьардарав гурищ Аллагьасул ПарччахІлъиялда квана-гьекъезе вугев чи. Амма киназдаго гуро гьев вихьарав. Гьев вихьана Аллагьас цереккунго тІаса рищун рукІарал, гьеб киналъего нугІзаллъун лъугьарал нижеда. Хваралъуса вахъун хадувги гьесда цадахъ кванарал-гьекъарал чагІи руго ниж. Довго малаикас дида абуна: «Хъвай: гьардарал гурелдай гьеб КьагІрил берталъе ахІарал гІадамал», – ан. Цоги гьес абуна: «Гьаб буго Аллагьасул хІакъаб рагІи!» – ян.
Выбор основного перевода