Гьеб бихьидал, фарисеяз ГІисал муридазда абуна: – Магъало бакІарулел чагІаздаги ва цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ гІодовги чІун щай гьав нужер мугІалим кваналев?
Фарисеялги гьезул мазгьабалъул диниял гІалимзабиги ГІисал муридаздехун гъулгъудизе лъугьана: – Щай нуж гьал магъало бакІарулел чагІаздаги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ гІодор чІун квана-гьекъолел?
Фарисеялги диниял гІалимзабиги ГІисаде гІайиб-гъвелалда рукІана мунагьазул цІурал гІадамал къабул гьарулел ругилан, гьелгун цадахъ квана-гьекъолев вугилан.