Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьезухъ балагьун ритІухълъула Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима: «ГІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо. ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги рагІунгутІизе, бичІчІунгутІизе. Гьедин букІинчІебани, гьел Аллагьасде руссинаан ва гьезул мунагьалги чурилаан. Ва, мунагьал чурун, нуж хвасарлъилилан Халкъалда лъазабизеги. Аллагь гурхІун, гьес нилъее зодисан рогьел рещтІинабила, Хвалил бецІаб рагІдукь ругезе канлъи букІине, Ракълиде рачунеб нухги бихьизабила нилъеда. ГІисаца абуна: – Нуж руго Аллагьасул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма цогидазе – мисалаздалъун кьун буго, ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги бичІчІунгутІизе. Гьеб кинабго ккана Ишая аварагасул калима ритІухълъизе: «Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ? Лъие загьирлъараб Бичасул къудрат?» Гьес Исраилил халкъалъухъе битІана жиндирго рагІи. Гьеб рагІи буго ракълил хІакъалъулъ ругьел, ва ГІиса МасихІидалъун бачІана гьеб. Гьев МасихІ вуго киназулго ТІадегІанав. Ишая аварагас гьадин абун бугилан бицана Павелица: – «Гьеб халкъалъухъе ун, гьезда абе дуца: гІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо. ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас гьел согІлъизаруна. Жакъа къоялде щвезегІанги гьезул беразда бихьуларо, гьезул гІундузда рагІуларо». биччанте гьезул мугъги кидаго къулухъе хутІизе». Нужер цонигияв мунагьалъ гуккунгутІизе ва нужер ракІал рицалъичІо рукІине, жакъайилан абизе бегьулебгІан заманаялъ щибаб къойил цоцазе насихІат гьабе.
Выбор основного перевода