Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Воре, нужеца сан гьавичІого тоге лъимер гІадин вугев гІадатияв цониги пулан. Щаян абуни, дица нужеда абулеб буго: гьединазул малаикзабазда кидаго кІола зобалазда вугев дир Инсуда бадире ралагьизе. Муъминзаби ахІизе гуро дунги вачІун вугев, мунапикъзаби тавбуялде ахІизейин. – Нусго чахъу бугеб рехъалъа цо чахъу камун батани, доб ункъоялда анцІила ичІабгоги букІаралъуб тун, гьеб тІагІараб чахъу батизегІан мегІер-гІалах тируларев чи вугищ нужеда гъорлъ? Цинги гьес, гьудулзабиги мадугьалзабиги ахІун, гьезда абула: «Дида цадахъ роха нужги, дирго билараб чахъу батана дида жакъа», – ян. Батараб мехалъ, жиндирго гьудулзабиги мадугьалзабиги ахІун, гьелъ абила: «Дида цадахъ роха нужги, дир билараб диргьам батун буго», – ян. ГІаламалъе судги тамихІги гьабизе витІун гьечІо Аллагьас жиндирго Вас дуниялалде, гьесдалъун гІалам хвасар гьабизе витІун вуго. Гьале нилъеца тІубанго къабул гьаризе кколел хІакъал рагІаби: МасихІ ГІиса дуниялалде вачІана мунагь-хІакъалъул агьлу хвасар гьабизе ва гьале дунги вуго гьезда гьоркьоса бищунго кІудияв мунагьчи.
Выбор основного перевода