Вай, Иерусалим, Иерусалим! Аварагзаби чІвалеб ва духъе ритІарал Аллагьасул илчизабазда ганчІал речІчІулеб шагьар! Чан нухалъха дие бокьун букІараб, къурщица тІанчІи гІадин, дур гІадамал дирго кваркьиялда гъоркье рачине, амма нужее гьеб бокьичІо.
ГІиса гІодана гьебмехалъ.