ГІисаца гьезда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъиялъе гІоло мина-рукъги, лъимал-хъизанги, вацал-яцалги, эбел-эменги рехун тарав цониги чи хутІизе гьечІо,
Амма дие тІокІлъи-хайирлъун букІарабщинаб зарал-зиянлъун рикІкІуна дица гьанже, МасихІиде иман лъун хадуб.
Гьес рикІкІана Мисриялъул тІолабго хазинаялдасаги хирияб бугин Аллагьас витІизе вугев МасихІие гІоло гІазаб-гІакъуба хІехьей. Щайин абуни, гьесул рекІелъ букІана шапакъат щвеялде хьул.