ГІисада хадуб хал ккурал гІадамалги рукІана, гьес гьев чи сахлъизавуни, шамат къоялъ гьабураб хІалтІийилан, гьесде гІайиб гІунтІизабизе бокьун.
Цоги шамат къоялъ ГІиса халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе синагогаялъуве ун вукІана. Гьенив вукІана кваранаб квер бакъварав цо чи.
ГІисал вагІза лъугІидал, цо фарисеяс гьев къаде кваназе ахІана. ВачІун сурпаялда нахъа гІодов чІана ГІиса.