Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебмехалъ ПарччахІас кваранаб рахъалда ругезда абила: «Ле, дир Инсул баркат лъурал гІадамал, дуниял бижаралдаса нахъего нужее къачІан букІараб ПарччахІлъи босизе рачІа. ПарччахІас, гьезие жаваб кьун, абила: «ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир бищунго гІисинал вацазул цоясениги нужеца гьабурабщинаб, гьеб буго дие гьабураб лъикІлъи». ГІисаца абуна: – Цо жо буго дуе камун. Дурго бугеб кинабго боцІи-рикъзи биче ва мискин-пакъирасе садакъаде кье, гьелъухъ дуе насиблъила зобалазул хазина. Цинги дихъе вачІа, дида цадахъ вилълъине. лъикІлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, гІумру насиблъила, квешлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, тамихІ насиблъила. Ва дида рихьана хварал чагІи – гІисиналги чІахІиялги – тахида цере чІун. Рагьун лъун тІахьалги рукІана. Цоги тІехьги букІана рагьун – гІумруялъул тІехь буго гьеб. Гьел тІахьазда хъварал ишазухъ балагьун гьабулеб букІана хваразе суд.
Выбор основного перевода