21
ТІадвуссун вачІун, рагьтІателас бицанила гьеб киналъулго хІакъалъулъ. Гьебмехалъ, дозда ццинги бахъун, рукъалъул бетІергьанас рагьтІателасда абунила: «Векере, шагьаралъул къватІазде ун, гьенив ватанщинав мискинав, гІажизав, бецав, рекъав чиги вачІун вачІа», – ян.
– Гьардарал гурищ гьел, Аллагьасда цере жал мискинго рукІин лъалел, – гьезие бугелъул Зобалазул ПарччахІлъи.
Дуца гьоболлъухъ ахІе мискинал, гІажизал, рекъал, бецал гІадамал.
ГІакъилал инжитго къезаризейин Аллагьас гІаламалда гІантабилан кколеб жо тІаса бищараб. Къуватал инжитго къезаризейин гьес гІаламалда загІипабилан кколеб жо тІаса бищараб.
Илагьияб РухІалъги бахІаралъги абула: «ВачІа!» – ян. ВачІайилан абизе биччанте гьеб рагІарасги. Гьекъезе бокьарав вачІайилан абе, ва бокьанщинас маулхІаяталъул лъим чІобого босейилан абе.