Воре, нуж рорчІуда чІа, кида бачІунебали лъаларелъул гьеб заман.
Зобалазул цояб рахъалдаса цоги рахъалде паркъун унеб пири гІадин вукІина ГІадамил Лъимер, гьев вачІараб къоялъ.
Воре, гьекъолдун, пасалъун ва магІишаталъул тІалаб-агъаз гьабун, ракІ бицалъизе биччаге, тохлъукьего гьеб къоялъ нужее къор гъезе гурин.