РагІини гьездаги рагІула, амма гьезул рекІелъе лъугьарал гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъиялдаги тІагІам-лазаталдаги хадур хачадиялъ гьеб рагІи гъоркь къинабула. Гьединазул хІалухъенги букІунаро.
Бечелъизе бокьарал гІадамал къосуна, гІемерал гІантал ва заралиял къасдазул къорикье ккола. Гьел къасдаз гІадамал рехула гьел гъурулел ва хвезарулел карачалабалъе.