Гьединлъидал дир Инсуца дие ирсалъе кьураб ПарччахІлъи дица нужееги ирсалъе толеб буго.
Кванан рахъараб мехалъ, ГІисаца Симон Пётрида гьикъана: – Я, Иоаннил вас Симон, гьазиеялдаса цІикІкІун вокьулевищ дуе дун? Пётрица абуна: – Вокьула, дир ТІадегІанав. Дуда лъалагури дие мун вокьулевлъи. ГІисаца абуна: – Дир чахъаби кваназаре дуца!
жиндирго Инсул – Аллагьасул кашишзабилъунги лъугьинарун, гьес нилъ жиндирго парччахІлъиялде рачана. Абадул абадиялъ даимлъаги гьесул хІалкІолъиги къудратги! Амин.