Ицицаги кунареб, кьавуги чІвалареб, къед борлъун вачІун цІогьорасги бикъулареб зобалазул хазина данде гьабе.
Нужерго боцІи-рикъзиги бичун садакъаби гьаре. Багьулареб-бихъулареб таргьа-къвачІа гьабун те, зобалазда бугеб турулареб-холареб хазина къачІан те. Гьеб хазина зобалазда я цІогьорас бикъуларо, я ицица кваналаро.
Гьаб дуниялалда бечедго ругезда лъазабе гІамал кІодолъугеян ва хехго тІаса унеб бечелъиялде хьул лъогейилан. Нилъ разилъизелъун къваригІанщинаб гьарзаго кьолев Аллагьасде хьул лъейилан абе.
Гьедин бакІарейин абе жиндалъун унго-унгояб гІумру насиблъулеб ва букІинеселъул щулияб кьучІлъун кколеб хазина.