Гьале дица нужехъе ритІулел руго аварагзабиги, гІакъилзабиги, гІалимзабиги. Гьезул цоял нужеца чІвазе ва хъанчида разе руго. Цогидал нужерго синагогабазда жанир цІалаца рухизе руго, цо шагьаралдаса цогидалде лъутизаризе руго.
Амма Аллагьасул ГІакъиллъиялда рекъон хьвадулел гІадамаз бихьизабула Аллагьасул ГІакъиллъиялъул ритІухълъи.
Аллагьас тІаса рищаразе – жугьутІазеги греказеги – гьеб буго МасихІидалъун загьирлъараб Аллагьасул къудратги Аллагьасул гІакъиллъиги!
ХІакълъунго МасихІилъин бугеб гІакълу-лъаялъул балъгояб хазина.