Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Нужеца садакъаде кьола сагІаналъул, анисалъул ва мучариялъул анцІил бутІа, амма Къануналъул бищунго аслиял ритІухълъиги, рахІму-хІелмуги, Аллагьасде иман лъейги нужеца рехун тун руго. Гьебги гьабизе ккола, гьабцоябги рехун тезе бегьуларо.
Анкьида жаниб кІиго къоялъ кІал ккола дица, дие щварабщиналъул хайиралъул анцІил бутІа садакъаде кьола».