Гьелъухъе вачІун ЖабрагІил малаикас абуна: – ЙорчІами, Аллагьасул баркат рещтІарай яс! БетІергьан вуго дуда аскІов.
– Руччабазулъ бищунго баркат кІудияйлъун лъугьана мун, – ан ахІун гьаракь гьабуна Элисабетица. – Баркат кІудияблъун лъугьана дур ургьиб хулараб лъимерги.
Дун пакъирай лагъалда Бичасул бер речІчІидал, Баркат бугей гІаданлъун гІаламалъ рикІкІина дун.
«Чехь къинлъун лъимер гьабичІел, керен кьун гьеб хахизабичІел руччаби гьардарал гурищ!» – ан нужеца абулел къоял рачІине руго.