Нахъисеб къоялъ хъахІлъи барабго тІадеги вахъун, ГІисаца нух босана гІадан-чи гьечІеб бакІалде ва гьенив Аллагьасе гьари-дугІаялде вуссун чІана.
Гьале ЯхІяца киналго лъадалъ ччун рахъулел рукІараб заманаялда гьениве вачІарав ГІисаги лъадалъе лъугьун дугІа гьабулев вукІана. Гьебмехалъ зобалги кІирикьизарун,
Гьез ГІисада абуна: – ЯхІял муридал гІемерисеб мехалъ кІал ккун рукІуна, какал ралел рукІуна, фарисеязулазги гьабула гьединго. Гьал дуралин абуни квана-гьекъолел руго.