Нужеца цин тІалаб гьабе нужго Аллагьасул ПарччахІлъиялде рорчІизе, гьесул амру тІубазабизе. ХутІараб кинабгойин абуни нужее тІадеги кьела.
ТІагІунеб-холеб квен тІалаб гьабичІого, нужеца тІалаб гьабе абадияб гІумруялде нуж рачине бокьун ГІадамил Лъимаца нужее кьолеб бугеб тІагІунареб-холареб квен. Жиндирго Инсул – Аллагьасул баркаталъул мугьру буго ГІадамил Лъимада.
Аллагьасдасан бачІараб чед ккола зобалаздасан рещтІараб ва гІаламалъе чІаголъи кьолеб чед.