21
Илагьияб РухІалъ цІурав ва вохизавурав ГІисаца гьебмехалъ абуна: – Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъго гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго дуца загьир гьабуралъухъ. Уха, дир Эмен, гьелъулълъидалха бугеб дур цІобалъул гІатІилъи!
Гьебмехалъ ГІисаца абуна: – Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, дуца, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъгоги гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго загьир гьабуралъухъ.
Аллагьас нуж жиндихъего ахІараб мехалъ нужго рукІараб куц ракІалде щвезабе. ГІакъилалин рикІкІунел гІадамал гІемерищ нужеда гъорлъ рукІарал? ГІемерищ рукІарал къадру-къимат бугелги къо-асс бугелги?
Гьедин бугониги, нижеца бицунеб Рохалил хабар гІемерал гІадамазе, пардавалъ гІадин, бахчун буго. Гьеб бахчун буго гІицІго хвалде унезе,