Гьезда Пётрица абуна: – Нужеда лъала жугьутІазул къануналда рекъон цогидал халкъазул гІадамазулгун гьоркьоблъи гьабизе яги гьезухъ гьоболлъухъ рещтІине жугьутІчиясе бегьулареблъи. Амма Аллагьас дида бихьизабуна тІолабго махлукъаталда гьоркьоб цониги чиясда хъубавилан, нажасавилан абизе бегьулареблъи.