Жиндасаго цере муридал ритІана гьес сапаралде. Самариялъул цо росулъ чІана гьел, ГІиса вачІиналде хІадурлъи гьабун.
Самариялъ гьесда абуна: – Мун жугьутІавлъидал, дуца дида – Самариялъул гІаданалда – лъим гьаризе бегьилищ? (ЖугьутІазги самариязги хІатта цо гулгун-парччиялъусан лъимцин гьекъолароан.)