Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Кинабго дие дир Инсуца кьураб буго. Инсуда гурони, лъиданиги лъаларо жиндирго Вас. Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гІадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен. Кинабго дие дир Инсуца кьураб буго. Инсуда гурони, лъиданиги лъаларо Вас щивали. Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гІадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен щивали. Мукъадасаб Рокъоб вагІза-насихІат гьабулаго, ГІисаца халкъалде ахІана: – Нужеда дун лъала. Дун кисаялиги лъала. Амма дунго лъикІав лъугьун вачІарав чи гуро дун, хІакъав Аллагьас витІана дун. Нужеда Гьев лъаларо. Амма дида лъала Гьев: Гьесда аскІоса вачІана дун. Гьес витІана дун. Дирго Инсул амру дица тІубазабидал, гьесул рокьи дидаса тІолеб гьечІеб гІадин, дир амру нужеца тІубазабуни, дир рокьиги тІезе гьечІо нужедаса.
Выбор основного перевода